क्रेडिट्स

PERFORMING ARTISTS
Shamo
Shamo
Performer
COMPOSITION & LYRICS
Ахмадулаев Шамиль Ахмадудинович
Composer
Абдурашидов Магомед
Arranger

गाने

Гьудул хиял бук1ана
Т1абиг1ат ц1илъарабго
Т1огьолал авлахъазде
Гьоболлъухъ мун ах1изе.
Гьудул анищ бук1ана
Рии бух1араб мехалъ
Лъим ц1орораб,хер керчаб
Муг1рузде мун ячине
Рокьул къимат гьеч1ей яс
Гьанже мун нахъ юссунге
Хасдихълъи рещт1ун бугин
К1иязулго къот1уде
Дир каранда г1ищкъудул
Ц1а цогидалъ бакана
Недегьал гьелъул бераз
Рокьи гьалаг гьабун…
Араб г1умроялъул хал гьабиляро
Хилла гурони мун дий гьимич1ей
Рак1алде щвеляро цебесеб заман
Сариналъ гурони мун
г1агарлъич1ев.
Болъихъ дол муг1рузда
г1азуги гьеч1ин
Г1илля щиб хирияй
дун квачаялъе?
Каспий ралъадалда
т1ад ц1ц1ерги гьеч1ин
Ц1орой щиб ёкьулей
дир кереналъул?
Дица дир рокьуда
г1айиб ч1валаро
Рокьуе йижарай
дуда гурони.
Дица дир беразда
бугьтан лъоларо
Беразда йихьарай
дуда гурони.
Written by: Ахмадулаев Шамиль Ахмадудинович
instagramSharePathic_arrow_out

Loading...